КИНИДАХЪ КУЧIДУЛ

 

Ясазе ахIулел

Рисалат – росу берцин,

Росонир хинкIал берцин,

Мугъалда гIеретI берцин,

КIалдиб мучари берцин.

 

Вай, дур дада чIахъаяй

Дардаманалъул гагу.

Дадал васал чIахъаяй

Хайдакъалъул багIаргIеч.

Бакъда хIотолъ букIунеб

Бакъан берцинаб мокъокъ,

ХIорлъуданиб букIунеб

Мукъур сурмияб микки.

Берал руго берцинал,

Щиб кьуниги кьоларел,

Кьунсрул руго гьаибатал,

Азар гIиял багьаял.

 

Биун гIарцул тIурай гьай,

ПартIун ролъул гьаюрай,

Меседкунал гIомо гьай,

ГIарацкунал чалу гьай,

Чакаралъул кило гьай,

Кавказалъул бурутI гьай.

 

Бабай, бабай, БатIина,

Щуб чIикIулеб гIанкIил тIинчI,

Щар чIикIулеб катил тIинчI,

ГIарцумаххазул читIир.

Бакълъахъ гочунеб мокъокъ,

Хьонда пещтIолеб гIанса,

БагIарнагIлил гIанаби,

ГIакдал нахул кIаркьаби,

MaxI гьуинаб хIавагIеч.

 

Елъулаго кIал берцин,

КIалъалаго ца берцин.

ЧуричIого беркIал хъахI,

ХъвачIого кьенсер чIегIер.

Ясалазда берцин йихь,

Берцинай дир меседу.

 

БагIаргьоло чIамаяй,

ЧIегIергьоло бекаяй,

ГIодоб чIабар чIабтIилай,

ЧIалу-рахи парцулай.

Дур рукъалъул къадада

Къого сурахIи баяй,

Гьелъулги хьибилалда

АнцIго гъадаро баяй.

БатIи-батIияб тIогьол

ТIу-тIун гьаюрай гIадай,

Берци-берцинаб харил

Хехун гьаюрай гIадай.

 

Эгъегун гъал бащадай

Гъунисезул меседу,

Гъалгун габур бащадай

КIикIундерил сурахIи.

 

Бахьин чIимичI чIамурай,

ЧIегIергьоло бекарай,

Нусида хъвараб кверги

Каранда бакъ гIадинай,

Кодоб босулеб газа

Меседил хIули гIадай.

 

Берциналъа хъамурай,

ХъахIмаккалъа йищарай,

Йищун къватIий йосарай,

КъватIаздаго нур барай.

 

ТIанссаялда сверарай,

Салмагалда тирарай,

Саргьасалъуй чордарай,

Чиниялъуй кванарай,

Риидала щар чIварай,

Хасало тахта чIварай

Тахсирасул ГIайишат.

 

Эбелалъе йокьулей

Ракьа гьечIеб чамасдак,

Адаязе хирияй

Ххам борцунеб гIарцул натI.

 

Хадижат бика, жан бика,

Жавгьаралъул таж бика,

Тамашаяб куц бика,

Камилаб сурат бика.

 

Вай, берцинай, берцинай,

Берциналъа хъамурай,

ХъахIалъаги йищарай,

Щарил нахгIан хIеренай.

ГIоде, гIоде, дир месед,

ГIанаби багIарлъизе.

ГIоде, гIоде, гьитIинай,

Бералги чалухлъизе.

КватIичIого хасел ун,

Хадуб цIерги биина.

 

Вай, нижер берцинай,

Нижер берцинай,

Квасул нухи гIадай

Нижер берцинай.

Вай, нижер чIухIарай,

Нижер чIухIарай,

Квасквасул цер гIадай

Нижер чIухIарай.

 

ГьоцIо кIутIун цIар лъурай

Дир ГIайишат.

Щибил кIутIун бер лъурай

Дир ГIайишат.

Хайдакъалъул гIеч гIадай

Дир ГIайишат.

ГIамбаралъул тIегь гIадай

Дир ГIайишат.

 

Мачу чарай чачан бика,

Бабал гьай,

Чалу гIебай мамух бика,

Бабал гьай.

 

MaxI гьуинаб дир гени,

КIаркьен багIараб дир гIеч.

ТIиндадерил ролъалъулъ

Бищун босараб дир мугь.

БагIар меседил хIуби,

Гьоло-маргъалул гъуни,

Лага гургинай бика,

Габур халатай баху,

Гьаракь берцинаб гагу,

Габур сурмияб микки,

ХIатIал багIараб мокъокъ.

 

ХIанчIи чIирчIидилелде,

ЧIарал хурий яхарай.

ЧIороло борчIилелде,

Балъда нахъа кIусарай.

Берцинал къачIалелде,

Къолое хур лъилъарай.

БагIарбакъ баккилалде,

Бахъун балъгун ятарай.

 

ПатIимат, тIатIул хинкI,

ТIатIи буссун, ханил хинкI,

Хоно чIехьон, пурщина,

Эбелалъул ПатIимат.

 

Мугъ берцинай кочIохъан,

TIox берцинай кьурдухъан.

РитIи берцинал кверал,

Рахъи берцинал хIатIал.

 

Гъатун катан гьурщарай

ЛъарагIазул меседу.

Гьадил къали къирщулей,

Къолол бетIер гьурщулей,

Ишан гьабун, квер хьвагIун,

Корол рокъой йортулей.

 

ХIатIал мокъокъилай,

Берал цIудулай,

Къадру тIавусилай,

Бакъан хIанчIилай.

 

Росу бакьулъ бижараб

ГъветIги буго бабал мун.

ГъотIодаса бортараб

ТIегьги буго бабал мун.

ТIегьги бортун, бижараб

Чамасдакги бабал мун.

 

Гьарун чагIи рачIани,

Ханзабазе кьеларо.

Азарго гIи къунцIулесе

Кьела гьай.

Къого гIака бечIчIулесе

Кьела гьай.

Чакма-хьитал цIвакарасе

Кьела гьай.

Пулеб гьури гьукъарасе

Кьела гьай.

Гьалагаб гIор квегъарасе

Кьела гьай.

 

Берал цIудулай,

ХIатIал мокъокъилай,

Макъан хIанчIилай,

Къадру тIавусилай,

Васал сорродулей,

Ясал ццидахуней,

ХIалтIуде регIи бугей,

ГIолилазул дагIба ккарай,

Кьерилазул кьал бергьарай.

 

Маржаназул керен цIун,

Школалда ятайги.

Курхьабазул гъуждул цIун,

Клубалда йихьайги.

 

Васазе ахIулел

Вай, МухIамад – хIенхIил гъветI,

ХIехь багIараб гIечул гъветI,

ГIазухъахIаб мокьрол гъветI,

Бикьун щвараб тIогьол гъветI

Тепун щвараб цIоросаролъ.

 

Бакьулъ гIамбар хъвараб

ГIусмани месед,

Меседил хатI хъвараб

Мисрияб хвалчен.

Багьа кьун босараб

Бидаяб айгъир,

Ахх – кьижа, кьижа,

Хехго кIудияв гIезе.

 

Бох басандун, ракI басандун,

Вахъа, МухIамад, кIанцI-кIанцI.

КIанцIе, кIанцIе, дир микьир,

КIанцIе, кIанцIе, дир месед.

 

Этекал тIогьилал,

ТIаргьал багIарал

Цо къокъа баккила

Къилбаялдасан.

Язизал рахина

ТIохил рагГалде

ТIолго сугъуралъул

РетIелги ретIун.

Дица мун витIила

ЖамагIаталде

Инсул дуй хутIараб

Хурайсенги лъун.

 

Гъал меседил чодулав,

ВачIа, вачIа бабахъе.

Вахъун вачIа бабахъе,

Дуре, дуре дадахъе.

Гьарун бараб цIадал щуб,

ЦIалун щвараб бакъул нур.

АхIизе цIар берцинав,

Бихьизе куц беричав.

Гьанги белъун, чед бежун,

Чанавеги унев ав.

Чуги бачун, цIал кьабун,

ЦIоровеги унев ав.

 

Гьарун кьураб цIад гIадинав

Эбел ав.

ЦIалун кьураб бакъ гIадинав

Эбел ав.

Бакъ-моцIалъул канлъи гIадав

Авлъидал.

Кереналъул ракI гIадинав

Авлъидал.

 

РакIалъулги кIулал гIадав

Авлъидал.

КIулал рараб гьамас гIадав

Авлъидал.

Гъансинибги месед гIадав

Бабал ав.

 

ГьоцIо кIутIун, кIал гъурав,

ЦIибил кIутIун, бер гъурав,

Рачлихъ чакар гIадинав,

Чвантиниб гIарац гIадав,

Охол ролъул хинкI гIадав,

Хасел ролъул чед гIадав,

Кьурулъ милъиршо гIадав,

Якъаралъуб квенги – мун;

Къечаралъуб лъимги – мун.

 

Берал берцин – цидул тIинчI,

Цаби гIисин – гIанкIил тIинчI,

ГIундул къокъаб бацIл тIинчI,

Хехлъи гьабун кIудав гIа!

 

Тушмабазда речIчIулеб

ЧIорбутIлъундай вахъина,

ЧIухIдаего хьвадулев

Хъергъулъундай лъугьина.

Дандиялги хадур тун,

КIанцIунгодай ина мун,

Цере ругел нахъа тун,

Векерунгодай ина, –

Дунял сверун вуссунев,

Бабал сурмияб микки.

 

Боял рахъаралъув

Чу багьадурав,

ЧагIи рахъаралъув

Рагъ гъалбацIилав,

ГодекIаниб кьибил

Кьуркьузабурав,

Кьалда бахIарзалги

ХIинкъизарурав,

Росдал гIадамалгун

ГIамал рекъарав

Вацлъун вихьаги мун

ТIулил яцазда.

 

Месед цIунулеб кIуни,

КIулал рахалеб гъамас,

Гъансиниб лъолеб сагIат,

СанкIиниб лъолеб гIарац.

 

КIанцIун чоде вахарав,

ЧIухIун ярагъ борчарав,

Бехе унеб хехаб гIор

Жанив кIанцIун бахарав.

Харилъ бугеб аздагьо

КIихIи къотIун рехарав,

Лъабнухида хъала бан,

Тушбабигун вагъарав.

 

Ярагъ чаран, чу гьалаг,

Чвархъан вегьила тIаде.

Чу гьалагав багьадур

РещтIина эбелалда.

Ярагъалъул чвархъухъе

ЧагIи нахъ балагьарав,

Чодул малал тIваркъухъе

ТIуркIун эбел йорчIарав.

 

Ва хIатуту, хIатуту,

ХIотол мегеж кIалдисев,

КIалги мацIги ЦIоросев,

ЦIалги чуги меседил,

Васа-вакун тIагьур лъурав,

ТIаргъиниве хъивихъарав,

Хъабчиниве гевегарав,

Шигоявгун щурщударав,

Щугоявгун векерарав.

Векерун куй босарав,

Керен чIван оц босарав.

Булбулалъул мугъалда

Рагъуе хъала барав,

ХъахIилаб ралъадалда

БагIараб цIа бакарав,

ЦIел хIуби хIалае ккун,

Зобалазде вахарав,

Зодор ругел цIцIаназе

ХIорде рачун цIан кьурав,

ЦIорор ругел ритIучIал

Чагъана хъван кьурдарав,

Чол кьолонив кьурдарав,

Кьибилалда нур барав,

Эхев унесе лълъар цIурав,

Эхеде унесе тIутI лъурав,

БогIол цагъур кIудияв,

ЧIалда мохмох бицатав.

 

БацIида кIалдиса

ЦIигьан бахъарав,

ЦIиркъида бадиса

MaгIy бикъарав,

Борхьил чохьонисан

Чол нух бахъарав,

Чабхъада гьунарал

ГIемер росарав,

Дурго эбелалда

Чилъун вихьаги,

Чияр эбелалда

Дурц гIун вихьаги.

 

КIигоявгун къацандарав,

Къогоявгун гаргадарав,

Векерун куй босарав,

Керен чIван оц босарав,

Агъалда гъалбацIилав,

Гъажалда ритIучIилав,

РитIучIалъул лълъарада

Лъамамесед бекьарав.

 

Белъанхъулеб микьир,

Кьурдулеб кокан,

Мун гьавураб сардида,

Найил гьацIул цIад барав.

Гьавун къватIив вахъиндал,

КъватI-къватIазда нур барав.

 

Расандизе рикIкIунел

Мунги дунги – кIиялго,

КIитIикIатIар — лъабалго,

Лъебел ГIали — ункъалго,

ГIалил хIама – щуялго,

ШайхмухIамад — анлъалго

Рилълъа цадахъ ахикье,

Ахбазан бакIаризе.

 

ГIалил лъимал гъулгъуди,

ГъологIучIал квалквади,

Кив вукЪрав, кIалберцин?

 

ЦIум, цIум, гвед, гвед,

ЦIумазул рукъ бих, бих!

 

Гьадаб балагьуда тIегь буго,

ТIогьиб маххул хеч буго,

Аххада гьабал руго,

Гьабахъ гIадамал руго,

ГIадамахъ кини буго,

Кини цIун багIар буго,

БагIар пуруца ана,

ГIурул кету лъабчIвана,

Лъарал кету ункъчIвана,

Ункъо букIараб чогьен

ЧехьатIаде рехана.

 

Маргьа, маргьа, цIило, цIило,

Цинги гъеду, Гъуниб росу,

Росдал цIцIани, ЦIороса кету,

Кузул гIундул, гIондокьил наку,

ГIеркъи, щеркъи, къоркъол мегьед.

 

ВукIанила Шартилав,

КIанцIанила нохъоде,

Беканила квегIаб бох,

КватIанила рокъове,

Вуханила кIодоца,

КIатIанила инсуца.

 

ГIалидибир, вай Дибир,

Дур гьакидул гъваргъвари,

ГъалбацIалъул гIергIери,

ГIангуралъул хьирхьири,

Хьонда мокъокъил къвакъвай.

 

ЛъабгIин, гIанихух, цIцIанихух;

ЦIоробе араб бахьинхIинчI.

Бихьулареб гъалухIинчI,

Гъал къотIараб накIкIихIинчI.

НикIкIилазул гел-гел,

Гелазул чел-чел,

Чода вугев мун,

ГIодов вугев дов.

 

Гьадаб моцIрол кIир-кIири щиб, бело?

КIиго бачил балагьи щиб, бело?

БахIаралъул хГеренлъи щиб, бело?

ХIакъикъалъул къарумлъи щиб, бело?

 

Ицил кверал унтун ругин, катан кье.

Катил цIилал ригъун ругин, курак чIвай.

 

Бакъ щун, щоб ккун,

Щобил ГIали рохьов ун,

Рахьдал гиби гебегун,

Горбогьодал расандун,

Росонир хинкIал кьурдун,

Кьурда гIачи гIергIедун,

ГIодор бачал мимидун.

 

Чаландарил динг, динг,

Дун вуссана, ва ясал.

Росе хъуби, речIчIе гIачи,

ГIорцIун ругин жакъа гьал.

Чаландарил динг, динг,

Дие пос гIемерлъаги,

ГIачи нужер цIикIкIаги,

ЦIу-цIун хъуби нахъе росе,

Ва ясал!

 

Бох басандун, ракI басандун,

Бис бекерун, канал ричIчIи.

РичIчIи гьороб, гьин хуриб,

Хух магIарда, гIи хьонда.

Хьибил бусада, Салим тIохда.

 

Азалидул зангал ругел дир гIанкIил,

Заит кунал къунщби ругел дир гIанкIил,

MeгIep цIурал гIиял ругел дир гIанкIил,

ГIалах цIурал чуял ругел дир гIанкIил,

Чода цIакъал васал ругел дир гIанкIил,

Басахъ лъикIал цIалал ругел дир гIанкIил,

ЦIоров цIакъав эмен вугев дир гIанкIил,

Гъасда цIакъай эбел йигей дир гIанкIил.

 

Гьабги наку, добги наку,

Зобги сверун, ссанда наку,

Ссанда мокъокъил наку,

Кьодукь хIанчIазул наку.

 

Их чIун зодил наку, гьарс-вай,

МугIрузда харил наку, гьарс-вай,

ХартIа щубил наку, гьарс-вай,

КьуртIа гIачиязул наку, гьарс-вай,

ГIурухъ бачазул наку гьарс-вай,

ЦIадал иххазул наку гьарс-вай.

 

Беке-бекерун цер ана.

Царада нус батана,

Нус Бичасе кьуна.

Бичас гIала кьуна.

ГIала къеда бухьана.

Къеца хIуби кьуна,

ХIуби цIадаб лъуна.

ЦIеца тIурччи кьуна.

ТIурччи лъарае бана.

Лъараца цIам кьуна.

ЦIам гъвалие бана.

Гъвалица тIатIи кьуна.

Бежизейин цIеда лъуна,

ЦIорозейин рагьда лъуна,

Къвагъан бачIун, гъадица

КIутIун босун анила.

 

Ва цIилицIи, цIилицIи, гьарс-вай,

ЦIилицIидул лам гьечIо, гьарс-вай.

Ламида хъара гьечIо, гьарс-вай.

Хъусида чIегIер гьечIо, гьарс-вай.

Нужер гIиги гIемерлъаги, гьарс-вай.

ГIиялъ куй дул чIахIалъаги, гьарс-вай.

ХIайваналги гIемерлъаги, гьарс-вай.

ГIалах-мегIер бечелъаги, гьарс-вай.

ГIисиналги чIахIалъаги, гьарс-вай.

ЧIахIиялги чIахъун таги, гьарс-вай.

 

Б-э-э, дунги хъве,

Дир бурутIги нахъе те,

ХIетI-бетIерги тIомониб,

ТIатIул сарис хьагиниб,

ХьалбахъгIучIал магIида.

 

Чаргъеду! Чаргъеду!

Чара хваяб рачIхалат!

Дур ГIалиги гIияда,

ГIалил лъимал рехъада,

Боснор ханал мокъокъил,

Къвагъ, къвагъ!

 

Маргьало-гьаршало,

Гьоркьохъанасул чу билун,

ЧотIахъанасул цIал билун.

 

Гьудубе кIанцI, гьаниб кIанцI,

ЧIалхуласул хуриб кIанцI,

Херав дадал гьороб кIанцI,

Гьалбадерил тIохде кIанцI,

ТIад магъилъа гъоркье кIанцI,

Гъамбулатил рокъоб кIанцI,

Рукъиятил бокьоб кIанцI,

Разиятил рагьде кIанцI,

Ражбадинил чIалде кIанцI,

ЧIегIерасул гъасде кIанцI.

 

Зирзили, зирзили,

Гьорол зирзили,

Гьорол чуги рекIун,

Даци вачIине.

Сурсури, сурсури,

Бакъул сурсури,

Бакъ гIарцул ярагъ бан,

Дада вачIине.

 

ЦIо хIелеко букIанила,

ХIариколо хутIанила.

Цо гунзари букIанила,

Гванзай ясалъ беканила.

Бакъда гьоло букIанила,

Мокъокъаца чIучIанила.

ЧIалу рохьоб букIанила,

Гьороца ун батанила.

 

Ццин-ццин, ццидал хIелеко,

Ццин бахъараб хъутIа хIелеко.

 

БацIил гIундул кIичIулди,

КIичI бахъулей ХIурия,

ХIама кIутIулев ГIусман,

Ражи бухулей Халун,

ХIинкIал рахъулей Чакар,

Чай гьабулей гьидалъей,

Хьи бахъулей къванисей,

Къвали балей хьиндахъей.

 

ЧIегIу, чIегIу, чIучI канкеро,

Кун меседил, яс цIванхилла,

ЦIванхи кьурла, кьур гьиналла,

Гьин чаралла, чу магIарда.

 

Ацила, цуцила, цаххул, маххул,

Чинар, хшнар, хIари кIутI.

 

Бакъда кули! – ЧахIирхIан!

КолотIа ясал! – ЧахIирхIан!

Маххал чурхъун! – ЧахIирхIан!

ЧохIтIо билун! – ЧахIирхIан!

Цояй ана! – ЧахIирхIан!

 

Бакъ щун,

Шуб ккун,

Щубил эмен

Инсуца ккун,

Бакъул эбел

Нижеца ккун,

ХIама ХIурияца ккун,

Бече Баширица ккун!

 

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»